Калининград областалда тIобитIана, гьеб регионалда эркенаб гугариялъе кьучI лъурав Василий Батечко ракIалдещвеялъе, спортсменал-ветераназда гьоркьоб гугариялъул рахъалъ халкъазда гьоркьосеб турнир.
Эркенаб гугариялъул рахъалъ Дагъистаналъул ветеранал мустахIикълъана кIиго меседил, кIиго гIарцул ва цо мазгарул медалазе. Турниралъул чемпионаллъун рахъана Лаваша районалдаса Нариман Сулейманов (62 кг) ва Ахти районалдаса Кариб ГIашуралиев (69 кг). КIиабилел бакIал щвана Гъизилюрталдаса МухIамад Бадрудиновасе (85 кг) ва Гъарабудагъкент районалдаса Эрелар Фезулаевасе (85 килограммалдаса цIикIкIараб цIайи), лъабабилев призерлъун вахъана Казбек районалдаса Расул АмиргIалиев (62 кг).